МКОУ «Рахатинская СОШ имени Башира Л.С.»
Сценарий мероприятия родной культуры
«Платок горянки»
Дата: 30.01.2025г.
Время начала: 10.00
Место проведения: актовый зал школы
Организатор: учитель родного языка и литературы Магомедзагидова Патимат Патхулаевна
Участники:Учителя, учащиеся, работники районного дома културы
Ведущий: Рамазан Халидов
Слово имеют:
1.Ахмедов Хабиб Ибрагимович Мухидинова – зам.нач.УО Цумадинского района;
2.Ахмедов Тагир – ИО главы администрации Цумадинского района;
3.Баху Шамиловна - руководитель ассоциации родного языка (аварский язык), главный редактор журнала «Женщина Дагестана»;
4.Патимат Гайдарбекова – поэтесса;
5.Тубхат Зургалова -поэтесса ;
6.Казанбиева Шамай – корреспондент газеты «Истина» (ав.яз) РД;
7.Хасбулаев Салман – прозаик, художник, историк;
8.Османова Раисат Маг- на -Дагестан без сирот;
9.Хатимат Магомедова – телеведущая (авар перед)РГВК;
10.Сулейманова Джавгарат Ибрагимхалиловна – зам.нач.УО Ботлихского района.
Открытие (Тадбир рагьи)
Дир хириял яцал, ясал ва улбул
ХъахIаб гормендодул хикмат рагьилищ?
Гъамас рагьарабго берзукь речIчIула
Кодоб босарабго ракI беэдула.
БотIрода чIварабго чIухIи бачIуна,
Гьеб парпадарабго свери гвангъула.
Огь, гормендо чIварал магIарул ясал,
Нужеда чIун бугеб гIажаибаб нур!
Гьеб нуралъ гвангъаги кидаго ракIал,
Кире нуж аниги, щиб бихьаниги!
«Аварай, кIочонге нилъерго шалкIаз» Загьра Жаватханова (стих)
ЦIализе буго Загьра МухIамадовалъ
Залму МухIамадова, «МагIарул гормендо», цIалула 9 классалъул цIалдохъан ХIайбулаева Сабиратица
(1 куплеталда хадуб рагьула занавес)
Лъай - г1акълу, тарбия ва къадруялъул
Г1адлу - низамалъул ва г1адатазул
Ц1алигун хъваялъул ва къиматазул
Кьук1к1ан, борцун лъолев школалъул дада
Школалъул директор Мажид Исрапилович.
Дуе рагIи
РагIи кьола дом культураялъул хIалтIухъабазе (кьурди)
Сарат МухIумаева, «Гормендо – шалалде» кечI бицине буго 8 классалъул цIалдохъаби ГIалиева ФатIимацаги МухIамадова Сумаяцаги.
Адабиятгигун - авар мац1алъул,
Халкъ цуцалъ гъункизе гьуин гьаризе,
Х1аракат бахъулей, г1амал гьабулей
Г1адатгун ях1 - намус къван зарукь ккурай
Баху Шамиловна, кьола дуй раг1и.
«Эбелалъул шал», Тубхат Зургьалова. ЦIалула 8 классалъул цIалдохъан ГIабдулаева ФатIимаца.
Г1акъилаб раг1иги гьурмалъ гьимиги
Пасих1аб каламги кепаб хабарги
Г1адамазде рокьи гьездехун хинлъи
Кинабго рекъарай къадруяй щаг1ир
Тупх1ат, мун йокьула ниж киназего. Яч1ая цее.
«Эбелалъул сурат», цIалдохъабазул кьурди
Босе, эбел, дие кIаз, ПатIимат ХIайдарбекова. ЦIалула гIисинклассазул цIалдохъабаз: ТIайгибова РахIимат, МухIамадзагьидова ПатIимат, Алхасова ПатIимат ва АбдулвахIидова ГIайишатица.
ХъахIаб шал, Фазу ГIалиева. ЦIалула школалъул мугIалимзабаз.
РагIи кьола дом культураялъул хIалтIухъан Саният Саидовалъе.
«Дир кIаз», ПатIимат ХIайдарбекова. ЦIалула Хадижат Сайфудиновалъ, 6 кл.
Школлъималазул церерахъин (кьурди с первоклассниками)
«Чараб гормендо», Нуцалай Килалъа. ЦIалула 8кл цIалдохъабаз: АхIмедова ФатIима, Абакарова Кавсарат, НурахIмаева Муъминат ва НурахIмаева Марям.
Нижер мадугьалги, нижер гьоболги,
Нижер ракь цоявги, гьудул – гьалмагъги.
Нижей вокьулевги, ниж рокьулевги,
Нижей хириявги, ниж хириявги,
Салман Щодродаса ах1ула цеве.
«Васазеги рокьула кIаз чIварал ясал», ПатIимат ХIайдарбекова. ЦIалула 6 кл цIалдохъабаз: ГIумаханова ПатIимат, Исубова ФатIима, Алхасова Хадижат ва Сиражиева Субигат.
РагIи кьола дом культураялъул халтIухъабазе (кьурди)
Х1акъикъияб гуреб хабар бицинч1ей,
Х1акъикъияб гуреб загьир гьабич1ей,
Х1акъикъияб гуреб г1инзухъ босич1ей,
Х1акъикъияб гуреб къват1иб биччач1ей,
Шамай лъик1 яч1арай мун тадбиралде.
Х1акъикъат газетаялъул мухбир, Шамай, дуй рагIи.
«Дида батана сурат», ПатIимат ХIайдарбекова. КечI цIалула АбдулхIалимова ПатIиматица. 8 кл
Щаг1ирги гьей йиго, к1алги пасих1ай,
Маг1арул халкъалъул г1адат къан ккурай,
Завучги гьей ккола, гьунар ц1ик1к1арай
Къиматги къадруги жиндилъ бергьарай.
Пат1имат Х1айдарбекова, кьола дуй раг1и/
«МагIарул гIертIалги, мугIрул кIазалги», ТубхIат Зургьалова. ЦIалула 6кл цIалдохъабаз: Сахратулаева Хадижат, Магомедова Хадижат, Абусова Загьра, МухIамадова Хадижат ва Даитова Зайнаб.
Агъвалиб т1егьараб мах1 берцинаб т1егь
Щун раг1ула жакъа нилъер Рахат1е
Жаниб рак1 берцинай гьайбатай Зайнаб
Загьир гьабе гьанже дур рек1ел мурад.
Зайнаб Агъвали
«КIаз», ПатIимат ХIайдарбекова. ЦIалула Сахратулаева Мадинаца. 6кл.
Жавгьар - якъуталъул ц1ар жиндий щварай,
Яч1ун щун йихьула, нилъ к1одо гьарун.
Щулияб сахлъи кьун, х1алт1улъ цее т1ун.
Талихаб г1умру кьун, йохизаеяй
Жавгьарат, лъик1 щварай нижехъ гьоболлъухъ!
Цо - кIиго гъветI буго нижер гьаб росулъ
Кидаго гIурччинаб ва пихъил ц1ураб
Квер бегьанщинасе, бет1ун босизе.
Гьарзаго кваназе, камиго гьеч1еб.
Нижер росдал муг1алиматумал Багьжат Мух1аммадова ва Аминат Рашидханова, нужее рагIи.
Г1адамал руссараб свери толарей
Жиндир бер щваралъуб х1ет1еги щолей
Киб - щиб бихьаниги загьир гьабизе
К1анаг1ан х1аракат жинца бахъулей
Хатимат телеведущая
Х1исаб - суалалъул дарс кьолейги мун,
Макъан – кечI, кьурдуе цеехъанги мун
Т1олабго школалъул тадбир - байрамал
Цере т1езарулей маэстроги мун.
Росдал маргьа - ада Загьра дуй раги.
Загьра Мухамадова, ячIая цее.